Лекции.Орг


Поиск:




Хирияб Кавказ тун ниж ине ругин




А. Марлинский. «Аммалат-Бек»

Тушбабаз рахIму тун гIаштIиялъ къотIун

Чачаназул рохьал гIицIлъулел руго,

КIиго бетIер бугеб цIумалъул рагIад

ГIанди-магIарда тIад тIибитIун буго.

Ракъдаллъиялъ херцин чIегIерлъун буго,

ЧIегIераб кIкIуйдуца ракь бацун буго,

Балагьал рештIараб мугIрул халкъалда

Ролъул тIоралда мугь батулеб гьечIо.

ЦIиркъаз цIун рукIарал ризал рохьазда

Гьанже гIангур-бацIал гIодулел руго,

ЦIаялъ рухIулелъул гъаримал гъутIбуз

Гъаримаб магIулъун пицI тIолеб буго.

Имам херлъун вуго. Гьасул ботIроде

Балагьал цIи-цIиял тIаделъун руго,

ТIадежоялъеги, Жамалудинил

Унтиялъ ахират гIагарлъун буго.

Жамалудиница, хабар битIун, дун

АхIана аскIове хвалил сагIаталъ,

Гьес хвелалде цебе дида бицараб

Бицинин нужее ахираб хабар.

Ж амалудиниламалудиниламалудиниламалудиниламалудиниламалудиниламалудиниламалудиниламалудиниламалудинил ахирабахирабахирабахирабахирабахираб хабархабархабархабархабар

Дуй бокьун батила, Бестужев, лъазе

Ругьунлъарав кин дун гIурусаздехун...

ГIалхул жанаварцин, гIемер мех ани,

Маххул рахасалде ругьунлъун ккола.

Дир каранзул рекIелъ загьру тIун буго,

Макка-Мадина дий чиярлъун буго,

Чидай аманатлъун кьун аралдаса

Инсул ракьалдехун ракI цIорон буго.

Чанахъанас ккураб гъалбацIил тIинчIлъун,

ЧIана дун гIалхулго гIемерал соназ.

ГIурусазда гьоркьоб гьудуллъун гIицIго

Дий букIана ханжар – кIудадал сайгъат.

РикIкIад Севералда тахшагьаралда

Щолаан ракIалде кьураби, мугIрул,

Макьилъ рихьулаан щибаб сордоялъ

Даим кIочонарел росдал суратал.

Дир беразда цере – парсалгун гIорал,

ГIагараб инсул рукъ, рукъалъул хIалхьи!

Дир ботIрол каралда тIад квер бахъулев

Херав дахIадада – Денгал МухIамад!

БачIунаан цебе гIумрудул рогьел,

Дир Гендерил росу, сабурай эбел,

Чабхъен хIадурулев хирияв эмен,

Эркенлъи цIунулеб гьаб магIарул халкъ.

КIочонаро дида ахираб гьужум,

АхIулгохI босулеб гIурусаз кверде,

ГIарададул кьвагьи, гIадамазул хъуй,

Хъалаялде тIаде рачIунел полкал...

Сверухъ ракь бацараб харил кIкIуйдулълъан

Дида апшеронал рихьулел руго,

Рогьел реххулелъул хъаладул къеда

ХъахIаб инсул чалма парпалеб буго.

Цинги Юнусица, инсул муридас,

Вачун Граббехъе дун щвезавуна...

ХъахIав пачаясе аманатлъарав

ЛъагIелал сверигун мутIигIлъана дун.

ЧIухIарал гьундузда ва байрамазда

Дирго анищазулъ вукIунаан дун...

Ахир ракI свакайгун, гIодов вуссиндал

ГIемер гIайиб гьечIо дида, Бестужев.

ЦIорораб, чияраб доб Севералда

Дида лъалароан ракIалъул хинлъи...

Амма цо сордоялъ Смольныялда

Дида данде чIвана чIухIарай бика.

ЦинтIаго каранзуй ккана гIагарлъун

ГIурусазул балал, гьезул уланал.

ЦIияб гIумруялде ракI цIарав дихъе

Югалдаса инсул бачIана амру.

Довго Юнусица рокъов вачарав

ВатIаналда лъана дун ругъназдасан,

Ниногун ватIалъун къварид хутIарав

Хадуб дир инсулгун ккана гьоркьоб кьал.

Нагагьлъун Ниногун мун данделъани,

Гьелъухъе саламгун кье гьаб дир баргъич,

РекIел унтиялъги пашманлъиялъги

Hyp сун бугин бице гьаб меседилцин.

Гьале дирги сагIат гIагарлъун буго.

Къо-мех лъикI, Бестужев, баркала дуе,

Дун хилиплъаниги, хвела ритIухъав,

Херлъарав дир инсул намусги цIунун.

КIиго ватIаналъе гьоркьов викьарав

Гьаб ахираталда эркенлъила дун,

Дир судулеб рекIел кIутIи лъугIигун

ГIагараб ракь дида тIаса лъугьина...

Гьесул хвелгун цадахъ ахираб талихI

Анин ккола гьанже нижги тун нахъе,

Жаназаялда тIад гIодулеб халкъалъ

MaгIy тIунин ккола тIолго мугIрузде.

Амма ракI бацIцIадал борчал кIочон тун

КIалъалел рагIула цо-цо гIадамал,

ГIодулел руччабаз цо-цо росабалъ

Имамасде буго гIайиб гьабулеб.

Тушманасул кверщел къабул гьабеян

Макьилъ бихьанилан руго бегзаби,

ГIурус пачаясул гIарац бихьидал

ГIамал хисун буго гьаб тайпаялъул.

Балагьазулъ мугIрул зигарданиги,

Жеги гьаб халкъалъул хьул къотIун гьечIо.

19 5

Херай чIужугIадан щола ракIалде

Шамилил цIар цIунун хитIаб гьабулей.

«КъватIул гьаби гIадин гьанже хIапдолел,

СихIкъотIун рукIа, – ян кIалъана херай, –

Хвеларо гьунарал гьаб ракь хваниги,

Гьазухъ гIинтIамуге дуца, мугIрул цIум.

ГIазабазин бугеб къулун гьаб дир черх,

ХутIана кьалазда дир лъабавго вас,

Амма дир бахIарлъи буссунеб ани

БахIарзал гьаризе жеги мугIрузе!

Биччанте намус-яхI гIарцухъ бичарал,

Нич тарал тIуризе тушбабазухъе,

Шамил мискиназе вукIана гьудул,

Гьаб ракьалда лъала гьесул ритIухълъиЬ.

Амма къисматалъе нагIанаги кьун,

МутIигIлъана ахир магIарул халкъал,

Херазгун гIолилаз гIодоб ярагъ лъун

ЛъугIелалде ккана халатаб къеркьей.

Хвалде гIагарлъарав свакалев гIадин,

Свакан буго гьанже тIолго Дагъистан,

Имамасда цадахъ ахирги буго

ХутIун къуваталъул ункънусго хвалчен.

Кире гьанже инел? КигIан имамас

ГIажалалъул сагIат нахъе цIаниги,

ХутIараб къукъагун ГIандаллъиялде

Хвалил рагъ кьезе гьев къокъунев вуго.

Лъабабилеб бетIер

Огь, борхатаб Гъуниб, чIухIараб Гъуниб,

ЧIварал хиялазе ганчIил мавзолей!

МагIарул эркенлъи гьаниб букъизе

Къисматалъ гIуцIараб тIабигIияб хоб!

Хабада гьабураб борхатаб гохIлъун

БуцIцIухIун щай чIараб,

пашманаб Гъуниб?

Щущарал анищаз тарал лъалкIалдай

Гьал дур каранда тIад рештIарал накIкIал?

Щекъер сверун къалеб кварил кIичI гIадин

Имамасул къисмат къварилъаниги,

Лъалиниса къватIиб ярагъги бахъун

Рагъде хIадурлъеян амру кьуна гьес.

Жеги рогьалилъго щвана гьанире

Гьужумалде ине хIадурал полкал,

Барятинскияс, хъахIлъи балелде,

Аскаразе кьалул кьун буго пирказ.

Сверухъ гьаб авалго сихIкъотIун буго,

Инсан вихьуларо гьалъаб магIарда,

19 7

ГIицIго борхалъуда кьурул рагIалда

Бихьула рахьхъахIаб Шамилил чалма.

Жаниб чан щолареб гъваридаб кIкIалахъ

КIиго ганчIил сангар буго бихьулеб,

Сангар цIунун тарал гьазизабазул

Гъугъаб гьаракьалъ кечI буго ахIулеб.

ХВАЛИЛ КЕЧI

Алжаналдаса роржун

Гьаб ракьалде рачIунел

Вакилзабазда гьоркьов

Вуго хIикматав чапар.

Гьев хIалхьиялъул гьудул,

РахIаталъул бетIергьан,

РухIал нилъер рахъулев

Хобалазул ГIизраил.

Гьев эркенав, къуватав

Къаси сардилъ вачIуна,

Радалги къалъудаги

Гьесул хвалчен паркъола.

Гьесул бадиса чIорал

Инсанасда речIчIула,

Гьел чIорал нахъе чIвазе

КIвечIо жеги лъидаго.

Дунял хиралъаразе,

Рохелал гIемеразе,

ГIарац-месед щолезе

Тушман вуго ГIизраил.

Гьаб гIумру рихаразе,

РакIал къварилъаразе,

Балагьалде ккаразе

Гьудул вуго ГIизраил.

Гъазават холеб буго,

Херлъун имамги вуго,

Муридзабаз кьвагьизе

Гулла-хер хутIун гьечIо.

Гьанже тушбабаздаса

ЦIунизе ресго гьечIо...

Раче дурго къвалакье

Ниж, ГIизраил-малаик!

* * *

ГъунимагIардасан балагье сверухъ,

Рорхатал зобазде квералги ритIун!

Гьабе дуца, узден, ахираб дугIа,

Ахираб къо бугин тIаде бачIунебI

Шванин дур эркенлъи, хванин гIадада

Дуе гIумру кьураб гьаб гIагараб ракь,

Рехе хъундагъ бекун гIодобе туманкI,

ГIодор накаби чIван гIоде мун, мурид!

Чадил кесек гьечIин лъималаз квине,

Кавказ мутIигIлъанин падишагьасе,

Дуе хутIун бугин гIицIго гьалъаб зоб,

Зодоб алжан бугин дуе хIадурун.

Кьурабазда чIвалеб бакъул чIор буго,

Къваридго балагьун гьал мугIрул руго,

Балъгояб сухъмахъккун борхалъиялде

СихIкъотIун рахунел ротаби руго.

Гьужумалде унеб Самуралъул полк,

ГIадамазул гьаркьал, гIарададул хъуй!

Хварал муридазда тIасанги кIанцIун,

Росулъе солдатал лъугьунел руго.

Гьале гьумералда шаршавги жемун,

ШугIайнат йихьула хвалде хIадурун

Буго аварагас муридзабазе

Алжаналъул каву рагьанин кколеб.

Гьале Шамилица хвалил рагъ кьезе

Хвалчал тIагьиялда тIад квер лъун буго,

Амма талихI къарав херав чиясда

Лъималазул гIоди рагIулеб буго.

Ракълил байрахъал чIвай ГъунимагIарда –

Кверде унев вугин асирлъун имам.

Дуда рохел бицун, Барятинский,

Бодул накъираби къиркъилел ругин.

ГудратIе бортараб гьалбацIалъ гIадин,

Те, мурид, лъугIизе гIададисеб рагъ!

ГIодулей лъадигун къо-лъикIги гьабун,

Гьал хучдузде кIанцIе борхалъудасан!

Чвахе, чвахе, Гъойсу, мунги рикIкIаде,

КIанцIе, айгъир гIадин,

гъваридаб кIкIалахъ,

TIe жакъа дуцаги бухIараб мaгIy,

Бице тIокIав гьечIин мугIрузда имам!

Гьале дуй бергьенлъи, гьале дуй рохел,

Гьабе, фельдмаршал, дуего байрам!

РецIцIулел ругъналгун,

бихъараб ратIлилъ

Духъе магIарулал рачIунел ругин.

Гьале херав имам, гьесул муридал

Асирлъулел ругин, босе дуйго кеп,

Мискинаб, бакъараб гьаб эркенлъиялъ

Къулун бугин дуе мутIигIлъун бетIер.

ТIубанин дур мурад гьаб августалда,

БитIе пачаясде рохалил хабар!..

Херал солдаталцин пашманлъун руго

Пашманго вачIунев имам вихьидал.

Ш амиламиламиламил – Б арятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскисдаарятинскиясдаарятинскиясдаарятинскиясда

ГIадатияв узденас

РакIбацIцIадго цIунана

Къоло щуябго соналъ

Къуръанги эркенлъиги.

Сардар, дур аскаралгун

Дун жеги вагъилаан,

Амма нижер халкъалъул

Къуват лъугIулеб буго.

Дунгоги херлъун вуго,

Соназ хъахIлъулев вуго,

Ругънал судулел руго,

Муридал свакан руго.

Гиназ, цо гьари буго

Гьаб хIалалде ккарасул:

Дур кверщаликь гIазаб кьун

МугIрул къварид гьаруге.

Дица гIодобе тIураб

ГIурусазул биялъухъ

РецIел босе дидаса,

Дир халкъал те тархъанго.

ХъахIал расазде дагьаб

Дурго хIурмат батани,

ТалихIалъ тарав дунги

Дирго ургъелалгун те.

Ункъабилеб бетIер

Кьураб назруялъе даим ритIухъав

Дун Шамилгун цадахъ ана асирлъун.

СихIирав тушманас бахIарчиясе

Рохалил байрамал руго хIадурун.

Гьаб пашманаб нухда нижеда хадуб

Бащадаб Россия буго балагьун,

СогIав имамасда цо бер чIвазеян

ЧIахIиял-гIисинал рачIуна данде.

Радалго пачагун дандчIвазе кколел

КватIун щвана сардилъ Чугуевалде,

Асирлъидул рахсаз свакарав имам

Смотралда къварид вукIана къоялъ.

Гьанже кверщаликье мугIрул ракь

кк

едал,

Александр-пача вуго хIеренго,

ХIакъирлъарал нижгун гьав,

гьудул гIадин,

ГIатIилъараб ракIгун рохалилъ вуго.

Унел руго цере, нижги нахъа тун

Хехаб буран гIадин боржуна хабар.

ХъахIлъи балеб гIужалъ

Курск-вокзалалда

Ккола тIолго Москва данделъун бугин.

Дун лъидаго лъачIев гIypyc мугьажир

МагIарул имамгун сверулев вуго:

Москва. Гостиница. Цинги театр,

КIудияб гьоболлъи, гьазул хIурматлъи.

Ва гьале ахирги хехаб иналда

Имам хIайранлъараб паровозалъ ниж

ГIодонакIкI рештIараб хасалил къоялъ

Росун льолел руго Петербургалда.

* * *

Дворяназ цIураб цIвакараб кIалгIа,

КIудиял чиназул офицерзаби,

Чирахъул канлъухъе кенчIолеб ретIел,

Рахъулел кьурдаби, рачунел бакънал.

Гьале вальсги лъугIун, байбихьун полька,

Паркеталда руго кIутIулел хIатIал...

Дагьалъ ццин бахъарав кинигин, имам

Цебесеб залалде вуго лъугьунев.

ЦинтIаго халкъалъул къотIана хъуди,

КъотIун ккана кьурди, чIун ана бакънал:

«Имам! Шамил! Доле вачIунев вуго!..» –

Дворянал цоцада щурщулел руго.

ВачIунев вуго гьав, хераб цIум гIадин,

Халкъалъе pyxI кьурав мискинав асир;

НекIо герцогасул адютант гIадин

МагIарул узденгун дунгоги вуго.

Имам вачIунелъул живго пачацин

Цониги чиясда вихьулев гьечIо...

Гьале гIагарлъана. Гьаб кIалгIаялда

ГIадан гьечIевгIанги рагIуларо сас.

Сверухъ рахъун чIарал ручабазухъе

Лъай-хъвай гьабизе гьав вачунев вуго,

Пачалихъ чIухIарал гиназал гьесухъ

СихIкъотIун хIинкъадго ралагьун руго.

Киназдаго гьоркьов бищун ворхатав

Гьав гIакъил гIунарал пикрабалъ вуго.

Киназего бащад цо саламги кьун, –

Гьанисан гьав рикIкIад вугилан ккола.

Гьазул гIицIал гъуждул, цIвакарал кIичIал –

ГIалхулабин ккола нижеда гьаб халкъ.

Гьале доб гьитIинго дун гьоркьов гIураб,

Дий тарбия кьураб рокьукъаб агьлу!

Гьале доб гьабзазул рехьед гIадинан

МагIарул халкъалда хадуб бортараб

РагьтIателазулги тIадчагIазулги

ГIаданлъи бичараб нич тIагIараб къавм!

Къваридго вуго дун балагьун гьазухъ.

ГьечIо гьазда гьоркьор дир гьудулзаби...

20 5

Дуниял хисундай, дунго херлъундай? –

Дида гIолохъанлъун бихьула гьаб халкъ.

Дун даим гьазие чиярав вуго,

Гьазда гьоркьовги дун рикIкIада вуго;

РикIкIада рагIараб цо кьвагьи гIадин

Дир гIумрудул гьаракь къотIила хехго.

Харабазда гьоркьов Вяземский

Имам Шамилиде вуго валагьун,

Щивали лъаларев посолгун цадахъ

СихIирав Горчаков вуго свердулев.

Гьадале бикаби, гьездаго цадахъ

Гьаб балалде йиго ячIуней Нино.

Балъгоял хиялаз гьелъул гьурмада

Лъидаго лъалареб лъун буго мугьру.

Руччабазда гьоркьой бищун гьайбатай,

Гьай чIухIун, чIурканго ячIуней йиго.

ЧIегIерал беразулъ бихьула хIинкъи,

Балагьалде данде жал чIвалел гIадин.

ГIолилалъул берал гьаб кIалгIаялъул

БокIнилъан бокIнире раккулел руго...

Щивдай валагьулев гьанив бикаялъ?

Кинал пикрабаздай ккун бугеб ургъел?

Гьале ниж кIиялго цоцахъ балагьун,

Гьалъул бералълъ буго бахчараб суал

Хварасул аманат ракIалдеги щун,

Нинода аскIове унев вуго дун.

Имамасул васас хвалил сагIаталъ

Васиятлъун тараб меседил баргъич

СихIкъотIун, хIурматго, гIодове къулун,

Къваридай Нинохъе бегьана дица.

Гьалда сверухъ – дагьалъ рагъа-рашари...

Амма хехго бал тун ана яс нахъе.

Ва лахIзаталдаса гьаб халкъалда тIад

ТIокIаб ургъел гьечIеб тIамуна пардав.

* * *

Огь, Калугаялда кьогIаб асирлъи!

Сухотинил рукъги, къваридаб ахги!

Хадуб балагьулеб гьазул надзоралъ

Нижеда бихьизе толареб хIалхьи!

Асирлъараб барслъун имамасул вас

БокIнилъа бокIнилъе вилълъунев вуго,

Гьава рекъечIого магIарул ясал

Гьанир Россиялда унтулел руго.

Къаси бецIаб сардилъ гъастIа цере чIун,

Судулел ракIазул бакIаб къварилъи!

РикIкIад хутIараб ракь ракIалдеги щун,

Хъизамазе къуръан цIалулев имам.

20 7

Халатал, цIорорал хасалил къоял,

Къойилго ригъунел басриял ругънал!

Гьаказда тIадги лъун Дагьистаналде

Росун унел хварал, гIисинал лъимал!

* * *

Керен цIорон буго, пикру ссун буго,

Дир ракIалъе гьанже хIалхьи щун буго;

Щаяли лъаларо, цIияв хъаравул

Дида хадув цIакъго балагьун вуго.

Дун Петербургалде цIалаан ракIалъ,

Амма Маккаялде Шамил ун хадуб

Херлъулев дихъеги бачIана хиял

Нахъойги вуссине Дагъистаналде.

* * *

Къого мацI бицунеб къоло щуго халкъ,

Щвана дун нужехъе, босе дир салам!

Салам дир нужеде, мугIрулгун гIорал,

Кьварараб шаргIалъул гIицIцIал кьураби!

Ракъиялъ бакъвараб талихI къараб халкъ!

Хирияб, гIагараб мугIрул Дагъистан!

Дур мискинаб, гIицIцIаб, согIаб эркенлъи

Сундухъго ракьалда кьеларо дица.

Дий гIагарлъун ккараб чияраб улка,

Дун кидаго мунгун цолъарав вуго.

Арал дир къоязухъ къварилъаниги,

Дун дур лъималазул ургъалилъ вуго.

Имамас байрахъал гIодор ралелде

ТIарикъат бичиндал чанги наибас,

БегIерал хучдузде тIадеги кIанцIун

Хвана дур эркенлъи ГъунимагIарда.

Бида бецIцIулаго ругъназ цIураб халкъ

КьогIаб къадаралъе мутIигIлъун ккана;

Туснахъасул гIадин rIypyc пачаяс

ГIаштIиялъ кIкIвана дур бетIер, Дагъистан.

Пашманго бачунеб зурмил гьаркьица

ГьоцIдерил хабардай бицуна нилъей?

Бицунеб бугодай АхIулгохIалъул

Я Хьаргаби росулъ ккарал рагъазул?

Кир ругел чабхъенал, кир ругел кьалал,

Дир кабардин-айгъир, карандаса цIа?!

Киб бугеб, Бестужев, дур гIолохъанлъи,

ЛъугIулебдай бугеб гIумруялъул нух?!

Шамил, Жамалудин, муридал, Нино, –

Макьилъдай рихьарал дида гьал сардилъ?

Рогьалилъ хъаладул сиялда жанив

Яги Сибиралда ворчIиладай дун?

Эркенлъи бихьичIев дунго хваниги,

Дица чорхол къуват кьуна халкъалъе;

Хирияб дир ракьгун ватIалъаниги,

Бокьила Россия эркен бихьизе.

Дица балагьичIо реццги гIарацги,

Рукъцин гьечIого дир хъахIлъана бетIер,

ХъахIав пачаясе хилиплъаниги

ХутIана ритIухъав дун ватIаналъе.

* * *

Гьедин къисматалъул ахирал къоял

Къваридго тIамулеб мугIрул ракьалде

Макка-Мадиналъул мугьру кьабураб

Шамилил рисалат бачIана дихъе.

Имамас хъван буго: «ГIелмудул магIдан,

Дагьалъ хIухьбахъизе биччай дур рагIдукь!

Нилъ ратIалъараб къо тIаде щун бугин,

КIиязулго нухал рикь-рикьун ругин.

Берзул нур сун буго, рас хъахIлъун буго,

Херлъараб чорхолъ би цIоролеб буго.

СагIат щолеб буго. КагIбаялдаса

Искандар-бег, дуде урхъараб салам.

Гьанже дие хIалхьи гIагарлъанагIан,

АскIой хутIун йиго цохIо ШугIайнат.

Щиб дица абилеб? Дуниялалда

ТалихI-рохел бугин хиянатаб жо.

ГIанди, Авар гIорал пашманго руго,

Пашманлъарал улбул гIодулел руго,

ГIодор къан, руцIцIухIун Гъунибгин

Хунзахъ ХъахIав пачаясул хIатIикь ккун руго.

Ракьалда хIал-зулму цIикIкIунеб буго,

Биялдаса рецIел босулеб буго.

Рахсалго рихьичIел мугIрул росабалъ

Бегзаби бечелъун рохалилъ руго.

Бичасул амруялъ къварилъаразе

Къуват чорхолъ тIезе сабру кьолелъул,

Ракьалда свердулев гъарин гIадинан

Дун хIежалде гьанже къокъунев вуго.

ЧIалгIаде тирулев гьаб дунялалда

ЧIобогояб хиял балагьун инсан,

СагIат тIаде щведал ахираб нухалъ

Чорхол рухIги босун къеч буссинегIан.

Бергьенлъи бихьидал реццгун цIаралье

Рагъде лъугьуневги багьадур гуро,

Балагьаб ракьалъе рокьиги рухIги

ХIасратго кьурасе кIодолъи буго.

Хвеларо гьунарал, хутIила ишал,

Хун хадуб черхалъул xIyp лъугьаниги,

Гьалдалъун лъугIана. Къо-мех лъикI дуе.

Дунги херав Шамил, аллагьасул лагъ».

Х

АДУБРАГIИ

Мармарул чалма къарал

Гьал хабалазул ганчIаз,

Дида ккола, бицунин

Къисматалъул васият.

А.С. Пушкин.

«Бахчисараялъул фонтан»

Мадиналде унеб нухда буго хоб,

Хабал заниялда къан буго чалма,

ГанчIида рикIарал дагьал xIypyпаз

ХIакъикъат халкъалъе буго бицунеб.

Дагъистаниязул ва чачаназул

Имам вуго даим кьижун гьаб ракьулъ,

Маккаялде унев цо-цо хIажияв

ХIухь бахъизе чIола хабада аскIов,

Гьаниб хехго пулеб самум-гьороца

Салуда гъоркь буго бахчулеб зани,

Хиялаз ракьалда тараб лъалкI гIадин

ГIицIго чаран-ганчIил бихьула чалма.

Къо-лъикI, имам Шамил! МагIарулазе

ГIумру кьуна дуца эркенлъи цIунун,

Гьанже уздензаби сагьвилго руго,

Эмен хун хутIарал лъимал кинигин.

НекIсияб къуръанги дугIаги хисун,

Дур халкъалъе кьела батIияб аят,

Макьилъан борчIараб вулкан гIадинан

БорчIила нахъойги хъачIаб Дагъистан,

Дун гьелда божула: бачIина гIacpy

ГIаламго рекъараб ракълил вацлъиялъ,

Вацлъиялъул налъи тIубарав мурид –

Марлинский хIалхьуда кьижила даим.

Ленинград 1938–1939

СОСОДЕРЕРЖАНИЕНИЕНИЕ

Магомед Ахмедов. Бессмертен труд, бессмертен дух отваги..................................... 5

Пролог.................................................................14

Часть первая......................................................19

Записки декабриста Александра

Бестужева-Марлинского.........................19

Глава I...........................................................20

Глава II..........................................................22

Глава III........................................................30

Глава IV........................................................38

Глава V..........................................................42

Часть вторая...................................................... 5 0

Глава I........................................................... 5 0

Глава II.......................................................... 5 6

Глава III........................................................62

Глава IV........................................................68

Глава V.......................................................... 77

Часть третья......................................................84

(Продолжение записок Бестужева)......84

Глава I...........................................................84

Глава II..........................................................93

Глава III.......................................................103

Глава IV.......................................................109

ЭПИЛОГ.....................................................118

ЦеберагIи..........................................................122

Т

Iоцебесеб бутIа..............................................126

Декабрист Александр

Бестужев-Марлинскиясул

хъвай-хъвагIаял............................................126

ТIоцебесеб бетIер.....................................12 7

КIиабилеб бетIер......................................131

Льабабилеб бетIер....................................13 7

Ункьабилеб бетIер....................................143

Щуабилеб бетIер.......................................14 7

КIиабилеб бутIа...............................................1 5 3

ТIоцебесеб бетIер.....................................1 5 3

КIиабилеб бетIер......................................1 57

Льабабилеб бетIер....................................162

Ункъабилеб бетIер...................................16 7

Щуабилеб бетIер......................................1 7 6

Льабабилеб бутIа............................................162

Бестужевасул хъвай-хъвагIаязул

хадусеб........................................................182

ТIоцебесеб бетIер.....................................182

КIиабилеб бетIер......................................190

Лъабабилеб бетIер...................................196

Ункъабилеб бетIер...................................202

Х

адубрагIи........................................................211

С

ерия «Литературный Дагестан»

учреждена Издательским домом «Эпоха»

В 2007 году

Р

анее в серии изданы:

Гамзат Цадаса. «Мудрость»;

Юсуп Хаппалаев. «Чеканное слово»;

Хизгил Авшалумов. «Невеста с сюрпризом»;

Аткай. «Верность»;





Поделиться с друзьями:


Дата добавления: 2015-10-20; Мы поможем в написании ваших работ!; просмотров: 404 | Нарушение авторских прав


Поиск на сайте:

Лучшие изречения:

Логика может привести Вас от пункта А к пункту Б, а воображение — куда угодно © Альберт Эйнштейн
==> читать все изречения...

791 - | 790 -


© 2015-2024 lektsii.org - Контакты - Последнее добавление

Ген: 0.011 с.